Бакът1ерхьул Дагъистаналда, Гуржи ва Чачан улкабазул г1орхъаби журалеб бок1оналда бугеб Ункъракь мухъалъул бищунго рорхатал муг1рузда гьоркьоб къараб, Россиялъул Сибиралда г1адин лъаг1алида жаниб лъабго-ункъго моц1алъ гурони хинлъиги т1ад щолареб гьеб бак1алъул ц1ар раг1ич1ев чи г1емер ватиларо т1адмаг1арухъ.
Тарихалъул х1исаб гьабулаго абизе бегьула Игъадахъ мег1ер бикьа-къот1изе байбихьаралдаса нахъе ун бугин 180 сон.
1840 соназул байбихьуда Шамилил пачалихъалъул тахшагьар Даргъобе, имаматалъул хазинаялде бач1изе байбихьана Игъадахъ ва гьелда сверухъ ругел цогидалги муг1руздаса, росабалъа, Къиялъа ва Тушалъа щолеб хайир, Къедиса нуцабазе жиб кколеб бук1араб , амма гьез имамасе тараб .
Гьеб заманалдаса нахъе жакъа къоялде щвезег1ан маг1арулазда т1ад хисун буго ункъго х1укумат. Гьел бат1и-бат1иял х1укуматаз Игъадахъ ва цогидалги муг1рул, цо хасаб росдае яги г1адамазеги кьеч1ого, ижараялъе кьолеллъунги гьарун жидерго кодор ч1езарун рук1ана. Гьедин, бак1-бак1алдаса ижарачаг1азухъ г1еме-г1емерал соназул болжалалда кьеялъ гьезда сверухъ бат1и-бат1иял пикрабиги рижана.
Цо-цо росабазул бицалъ хасго Игъадахъ мег1ер хут1ана киназего г1аммаб бак1 г1адин. Гьедин бижана «Болмег1ер» абураб ц1арги. Цогидал, г1емерал соназ гьеб жидехъ кьун бук1арал росабаз абизе байбихьана гьелъул бет1ергьаби жал кколин. Х1акъикъаталдаги, Шамилил заманалдаса цебе цо росдал, цо г1адамазул бет1ергьанлъиялда бук1араб гьеб мег1ер бак1алъулал маг1арулазе лъугьана зама-заманалдаса гьел даг1багъизе гьоркьоб рехулеб ракьалъун.
Гьеб х1ал гьедин ц1униялъул пайда бугеб х1исаб буго х1укуматалъул бак1алъулал идарабазе - гьелгощинал соназ чанго хисаниги гьеб даг1ба къот1изабиялъе гьез гьабун гьеч1о цог1аги жиндаса пайда ккараб жо. Гьелъул г1аксалда, цо-цо гьезул х1укмаби сабаблъун гьеб цебе-цебеги чанго нухалъ багъарун бук1ана, гьанже хадубги ц1ияб къуваталда багъаризе бегьула.
Игъадахъ мег1ералъул суал зах1матаб, жинда сверухъ зама-заманалдаса г1емераб даг1ба-хъуй багъарулеб суал бук1ин лъала хасго ункъракьалъулазда. Гьеб жидер кколин абун ярагъгун росаби къват1ир рахъарабги бук1ана заман . Жакъаги гьеб гьелда ккезе бук1ана Россия заг1ип бук1арабани. Лъида к1олеб абизе гьеб х1укумат кидаго гьадин къуваталда бук1ине бугин. Лъида к1олеб абизе, цо къоялъ гьеб заг1иплъидал, даг1багъизе лъугьарал г1адамал яргъиде рортиларин. Гьеб ярагъги гьаб заманалъ г1адамазухъ киг1анги бук1адго .
Гьединаб къо бач1иналде, жакъа х1укуматги къуваталда бук1адго, къвариг1ун буго гьеб мег1ералъул суал щиб нух батунги къазе. Ниж, Къеди росдал вакилзабаз, цогидал, гьеб мег1ер жидерги кколин абулел росабазул вакилзаби ах1улел руго, жиде-жидер х1ужа далилги босун цо бак1алда данлъизе ва гьеб суалалда т1асан к1алъан, ургъун цо х1укмуялде рач1ине.
Нижехъ ругел х1ужаби нижеца гьаб видеоялда рихьизарун руго.
Негізгі бет ИГАДАХ
Пікірлер: 5