Лъазего лъачIого ратула нилъеда гьоркьор цIакъ гIадатал, гьебго заманалда нилъ чIухIизеги роххизеги ккарал гIадамал. Гьале щибаб къоялъ Гъуниб майданалдаса радалго хIалтIуде ине вихьула тIад магIарул тIагъур лъурав, гIемер жаниб цIечIеб къаркъаллъул, цIикIкIарал сонал рачIев чи. Данде ккаразе къокъго саламги кьун, тIадехун калам гьабичIого гIедегIула ХIайбула районалъул маданияталъул кIалгIаялде. Заман щвейгун гьебго къагIидаялъ гьев гIужда гIедегIула какдеги. Жиндирго гьитIинго щвараб махщелалъ асир гьавурав КIудаядаса Асиялов ХIайбулагьил цIаралъ Дагъистан, Россия тун, къватIибеги ана. Гьеб буго умумузго гьабулеб ишалдаса иналъул хIасил. ТIамур. ГьитIинго ругьунлъана ХIайбула гьеб гьабизеги бачинеги. Халкъалда гьоркьовги гьелъ кIодо гьавуна. Вахъана чанго къецазда халгьабиялда лауреатлъун, Дагъистаналъул хIурматияв хIалтIухъанлъун…
ХIатта, ХIайбулагьица гьабураб тIамур Румыниялъул Президентасул кIалгIаялдацин бугилан абулеб буго… Гьелъ бижараб буго гьаб хабаралда "К1АЛГ1АГИ ПАНДУРГИ" абун.
Гьелъулги цогидал ХIайбулагь Асияловасул ракIарал дандчIваязул ва ишазул цоги нухалдаги нилъеца гьаниб бицине хIаракат бахъизе буго….
Негізгі бет КIАЛГIАГИ ПАНДУРГИ
Пікірлер